Бакълъулазул басма – бакълъулазул тарих

РачIа районалъул гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабизе ХIурматиял районцоял! 2021 соналъе газетал ва журналал хъвазе, гьездаго гьоркьоб нилъерго районалъул «Гумбет» газеталъеги подписка гьабизе рес буго. Гьеб хъвазе бегьула росабазул почалъул отделенияздасанги «Гумбет» газеталъул редакциялдасанги.

Районалъул гIумру бихьизабулеб матIу ккола «Гумбет». Гьелдасан нужеда лъала районалъул гIумруялъул, церечIарал масъалабазул ва тарихалъул хIакъалъулъ. ХIурматиял росабазул администрациязул бутIрул, районалъул идарабазул, гIуцIабазул нухмалъулел, школазул ва лъималазул ахазул директорзаби, больницабазул бетIерал тохтурзаби, киналго ВатIан хириял ракьцоял! Бокьилаан цIияб соналъе «Гумбет» газета щивав хIалтIухъанас хъвазе, щибаб коллективалъ редакциялъулгун щулияб бухьен кквезе.

Ниж божарал руго нужер кумекалдалъун 2021 соналда газета хъвалезул къадар цIикIкIине букIиналда.

Газеталъул багьа

ЛъагIалие: Почалдасан – 577,56 гъ.

Редакциялдасан – 250 гъ.

Бащдаб лъагIалие: Почалдасан – 288,78 гъ. Редакциялдасан – 150 гъ. «Гумбет» басмаялъул редакция

Индекс цитирования Яндекс.Метрика