ЦIияб соналъул байрам тIобитIилелде Бакълъул мухъалда бугеб Россиялъул ОМВДялъул хIадурлъи

 ЦIияб сон кIодо гьабун районалъул школазда, ясли-ахазда ва росабалъ тIоритIизе ругел тадбирал берцинго, рахIат хвезабурал хIужаби ккечIого иналъе ва хIинкъи гьечIолъи цIунизе мурадалда РФялъул Бакълъул мухъалда бугеб ОМВДялъ бахъун буго приказ, хIалтIул план, бихьизабун буго щибаб тадбиралда гIахьаллъизе ругел полициялъул хIалтIухъабазул къадар. Киналниги гьел документал ва байрамалда хурхараб информациялъул кагътал данде гьарураб контрольниябгун халгьабиялъул делоги буго, хIалтIухъаби хьезарун руго техникаялдалъун ва цогидаб къваригIаралдалъун.

Байрам тIобитIилелде кинологаз хIалтIухъабазда цадахъ халгьабизе буго киналго тадбирал гIуцIизе ругел бакIазул кьвагьулел ва цогидал гIадамазе хIинкъи бугел алатал ругодаян. Киналго районалъул гьеб байрамалда гIахьаллъи гьабизе ругезда кIудияб гьари буго щаклъи бугев къватIиса вачIарав чи вугониги, гьединго милат гьечIого рехун тараб алат ва гь ц. бихьани, оперативияб информация рагIани, полициялъул хIалтIухъанасда яги дежурнияб часталъул хIалтIухъанасда лъазабеян (26-204, 8928-958-08-71).

Жанисел ишал тIуралеб идараялъул нухмалъулев полициялъул полковник                    М.А. МухIамадов

Индекс цитирования Яндекс.Метрика