Машгьурал палугьабаз бакълъулазда цIияб сон баркана

«Ассаламу гIалайкум, хIурматияв Гъалип ГIисахIажиевич ва бакълъулазул жамагIат! РакI-ракIалъго баркула нужеда тIаде щолеб бугеб цIияб, 2023 сон! Гьаб унеб сон нилъее бигьаяб букIинчIо. ХIехьана гIезегIанго захIмалъаби, ккана камиял. Гьел киналго къварилъабиги гIунгутIабиги унеб сонгун цадахъ аги. БетIергьанас балагьал тIаса росаги! ЦIияб соналда гьарула тIолабго Дагъистаналъул халкъалъе щулияб сахлъи, талихI-рохел! Баракат ва рахIматал гьарзаяб кьеги бачIунеб сонилан Аллагьасдаги гьарун, сайгъат гьабула нужее гьаб нижер церерахъин!» – гьадинаб баркиялъул калам ва видеоролик ритIун рачIана АсхIабгIали ХIасановас. КIудияб баркала, сахлъиялда таги.

Индекс цитирования Яндекс.Метрика