ГЕРБ и ГИМН МР «Гумбетовский район».

24 августа 2012 года, 08:15

1. Дагъистан халкъалъул тарихалда гъорлъ
Хвел гьеч1еб лъалк1 тараб дир Гумбет район.
Дур гьунарчаг1азул гьайбатал ц1арал
Ц1вабилъун хут1ана халкъалъе даим.
2. Гьаниб зах1маталъул х1урмат ц1унарал,
Х1алхьи рек1ей гьеч1ел г1адамал руго.
Гьаниб маг1аруллъи, гьаниб хьилдаллъи
Бихьулищ берцинлъи цо дир ракьалъул?!
3. Г1агараб бокьулеб ракь ц1унулаго,
Ц1адулъ лъадарарб дир Гумбет район.
Г1алимзабацагин, устарзабаца
Дагъистан ч1ух1араб бакълъулазул ракь.

Припев:
Бук1а дир бокьулеб борхатаб Гумбет,
Гьунараз Дагъистан кунч1улеб ц1валъун!
Ц1уне умумуца ирсалъе тараб
Адабги, намусги ва гьудуллъиги!
 

Индекс цитирования Яндекс.Метрика