Гъалип Гъалиповас ракьцоязда баркана Рахьдал мацIалъул халкъазда гьоркьосеб къо

21 февраля 2026 года, 17:06
Бакълъулазул ракьалъул нухмалъулев Гъалип Гъалиповас районцоязда баркана Рахьдал мацIалъул халкъазда гьоркьосеб къо ва гьарана гьезие лъикIабщинаб.

«Ассаламу гIалайкум, хIурматиял бакълъулал! Баркула киназдаго Рахьдал мацIалъул халкъазда гьоркьосеб къо! Нилъер мацI ккола такрарлъи гьечIеб мацI, ТIадегIанав Аллагьас, нилъеде аманат гьабун, нилъее кьураб, назру гьабураб бечелъи, нигIмат. Бакълъулазул ракь буго нилъер миллаталъул болмацIалъул цо щулалъи, нилъер росабалъ буго гьайбатаб авар мацI. Гьеб цIунизе, цебетIезабизе тIадаб буго нилъеда. Нилъер мацI, адабият ва гIелму церетIеялъе кIудияб хIалтIи гьабуна Дагъистаналъул литератураялъул классик, гIалим ва гIакъил Инхоса ГIали-ХIажияс, тарихиял асарал нахъе тарав гIалим ва шагIир Игьалиса Чупалас, миллияб басмаялъе бетIерав редакторлъи гьабурав гIалимчи ГIабдулатIип Шамхаловас ва цогидазги. Къалам, дуца щуре щакъиялдехун Щвараб гьаб хIалалъул хIайранлъиялъул, – ан хъвана Инхоса ГIали-ХIажияс. Метер магIарул мацI хвезе батани, Хваги дун жакъаго, жаниб ракI кьвагьун, – гьел ккола бергьун кIудияб гьунаралъул шагIир, Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи, СССРалъул ТIадегIанаб Советалъул Президиумалъул член, 1951-2002 соназда Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул цолъиялъе нухмалъи гьабурав хIаракатчи Расул ХIамзатовасул рагIаби. Аллагьас къуват кьеги нилъее миллиял мацIги, цIарги, цIаги цIунизе, цIи-цIиял гIелазухъе гьел кьезе», – ян хъван буго Гъалип Гъалиповасул хитIабалда. #РодныеЯзыкиДагестана #ГодЕдинстваНародовРоссии #Гумбетовскийрайон #Аварскийязык #ГалипГалипов #Гумбет #Странагор

Индекс цитирования Яндекс.Метрика