Памятник гьабуна дица диего,
Гьелъухъе нухда хер бижизе гьечIо.
Гьелъул эркенаб тIогь зодоб тункула,
Александрил сидул ссиги дагь гьабун.
Гуро, тIубанго дун хун лъугIиларо –
Асаралълъ лъураб рухI туризе гьечIо –
ЦохIониги поэт чIаго вукIаго,
КIоченаро дир цIар дуниялалда.
КIудияб Русалда рехсела дир цIар,
Ва щибаб мацIалда бицина гьез дир, –
Славяназул васаз, гIалхул тунгусаз,
Авлахъал хириял калмыказ, финназ.
Халкъалъул дидехун рокьи тIеларо,
КечIалъ рекIелъ лъикIлъи кунчIизабидал,
Эркенлъиян согIаб векалъ ахIидал,
ГIодор ккараздехун гурхIел гьаридал.
Халикъасул къотIи къабул гьабе, кечI,
ХIинкъуге ракIхунин, таж лъеян чIоге,
Реццалъгун бугьтаналъ гуккизе тоге,
ГIантав чиясулгун бахIсги гьабуге.
Данный перевод опубликован на портале «ГодЛитературы.РФ», запущенном в рамках проекта «Российской газеты».
https://stranapoeta.ru/pushkin/catalog/avarskiy/678/





