Расул ХIамзатов гьавуна Гьарадирихъ

31 декабря 2023 года, 11:29
ЦIадаса ХIамзатил музеялда гIемерал соназ хIалтIарай ПатIимат Мусаевалъ бицана Гьарадирихъе рухьарал сапаразул, Расул ХIамзатовасул рахьдал эбел СагIидатилгун ва рахьдал яц Залмулгун рукIарал дандчIваязул хIакъалъулъ.

«Расул ХIамзатов гьавуна Гьарадирихъ», – ан абун, гьеб тарихияб хIужа тасдикъ гьабуна ПатIимат Мусаевалъ. ЦIадаса ХIамзатица Бакьулъ Гьарадирихъ дибирлъи гьабуна 1922-1923-абилел соназда.

ЦIада росулъе гьабураб сапаралъул заманалда Россиялъул Хъвадарухъабазул гIуцIиялъул гIахьалчи, хъвадарухъан, шагIир ва драматург ХIамзат ГIизудиновас Мусаевалъулгун гара-чIвари гьабуна. Расул ХIамзатов хвасар гьабураб, гьесул къисматалъулъ кIудияб кIвар бугеб Гьарадирихъ росулъ ЦIадаса ХIамзатил букIараб рукIа-рахъиналъул мухIканго бицана гьелъ. Тавпикъ кьеги нилъер кIудиял хъвадарухъабазул, гIакъилзабазул гIумруялъул дарсал росизе, гьезул тIахьал цIализе, нилъер мацIги, цIарги, тарихги, адабияти цIунизе. Амин. #Россия #ГамзатЦадаса #РасулГамзатов #Дагестан #МойДагестан #Хунзахскийрайон #ГамзатИзудинов #Гумбетовскийрайон #СтранаСолнца #Странагор #100_летиеРасулаГамзатова #Арадирих #СреднийАрадирих #Цада #БелыепятнавбиографииРасулаГамзатова #БелыежуравлиРасулаГамзатова #МойДагестан_энциклопедиядагестанскойжизни

Индекс цитирования Яндекс.Метрика